Ралъдалъе бакъ тIерхьани, къойил гвангъи къотIула

Махмуд Хъахабросолъа
Ралъдалъе бакъ тIерхьани,къойил гвангъи къотIула...

 

Ралъдалъе бакъ тIерхьани,къойил гвангъи къотIула,
Къаси-къадан мех гьечIо,гьалдолеб буго керен.
КагIба рукъалда тIавап цо къоялъ гьабун гIола,
КъотIуларо нахъаса духъ угьулеб дир хIухьел.

Гьаваялда хьухьалги хьвадуларо цо хIалалъ,
Цо минуталъ кIоларо мун рекIелъа ун чIезе.
КIалцIи бараб айгъиралъ илхъидулъ хер кунаро,
Канлъи-лъай дагьлъун буго духъ балагьун беразул.

Борхалъуда свердулеб сурма миккидал гIадаб,
Сабураб рилълъиналъухъ бахъун буго чорхол рухI.
Чараб пинтадухъ къец ккун къула-йорхи куцараб,
Берцинаб лагаялъухъ лугби руго ракъвалел.

КъустIантIин къираласул къубдуз биунеб месед,
Ясазе бугеб рагIи рагIун дуе гIоларо.
ГIусманияз бессулеб Истанбулалъул къолден,
Къуръанищха рещтIинеб,  аварагги гурелъул!

Арзерун тун къокъунеб  къама меседил гIанса,
ГIадангин сурпаялде  юссун мун кваналадай!
Курсалъул кавудухъе куркьбал хъахIаб гIамирко,
ГIиса зодой воржиндал  дуй тун батила тебси.

Тамаша,висру-тамру,  толеб батани ракIалъ.
Инсан вугеб сверуде,  юссине къасд гьабизе
Къуръаналда дирни ракI  хIисабалда букIуна,
Къаси зодоб,къад гIодоб гIунин дур лагайилан.

ГIаршалда тIад тIавусалъ тIун кваналеб кумасра,
Керен цун къвал барав чи  къаникьцин туриларо.
Къудусалъул мусудуз  басунеб шагьри кагъат,
Кинида лъималазда  лъала дур цIар,абуни.

ЦIоралъул бахчабахъе  ракI чакарул чамасдак,
Кванил тату хун буго  дур хиялал гьариялъ.
Гъункар ГIабдухIамидил  Шайхул ислам вукIаги,
Дида гIадин рукъзабалъ.

Маккашарипасул вас ХIусейн вугониги щиб,
Сан рикIкIун лагаялъе дур къадру гьечIев инсан.

Гьудул,духъ хIасрат бергьун,дун гьаглъун вугелдаса,
АнцIгоялда хадубги ункъабго сон тIубана.
ТIатанищ чиядаго,  чучанищ дуде гурун,
Дицаго хIехьон течIищ хIал щун щинал лугбазулъ.

Щибаб сардил макьуги мун лъан кьогIлъаралдаса,
Лъалев бетIергьан вуго, лъагIел чан бугебали.
Чи витIунищ бицараб, балъго кагъатищ щвараб,
Щиб ияхI рехун тараб, бухIанагIан хIехьечIищ!?

ХIажарул асвадалъул ункъабго бокIоналда,
Дур цIар накъищ бугилан цIалдолел руго хIанчIи.
ЦIер биунел фабрикахъ  киналгIаги къиралаз,
Къеда сурат бугилан, буго таватур билълъун.

Барзахалъул гохIазде  ихдал ахIдолеб гагу,
Дургун къадру бащадай дунялалда яс гьечIо.
Гьиндалъул тукабахъе биунеб хъахIаб чини,
Чангиясул цIилада цIа бакула, дур бицун.

Берцинлъиялъ ясалъе алапа щолеб ани,
Азарилъа къун гъурущ  къойил дуй щвелароан.
Рецц гьабиялъ чиясе сабаб букIунебани,
Сордоялъ дир гарбида  къвал дуцаги балаан.

Къудратав бетIергьанас тIаде тIамураб балагь,
Балагьун хIалхьезегIан дур хIисабал гьареян.
Гьаб халкъалъун рахIманас рикIкIине кьурал къоял,
Къаникье лъугьинчIого, вичIуге нахъасаян.

ЧIор речIчIараб гIалхул чан  чундулгин жубаларо,
Жеги хьул къотIуларо Къалин дуца рачелан.
Ракъанани гъалбацIаз гъара гIемер гьабула,
БегьичIони, хIадурал хIиллаби гIемер руго.

ГIумрони кIваричIоан  чIобого ананиги,
ЧIалгIиндал балагьизе берда йихьулейани.
ЧIаголъиги тун буго  танкан гIодобе рехун,
ГIищкъул гьава буссунеб сурат анищ бихьизе.

Байтуллагьалъуб мокърукь  къуръаналъул <алиф-лам>,
Унтилъун бекьун буго  рокьи ракьа-гьаналъулъ.
Гьоркьоб загIфиран тIураб ТIагьаясул <гьи>-гун <тIи>
ТIул-ракIалда кванала, квеш унтилъун, балагьи.

Кагьру-гIанбар кIутIараб тIеренаб капалъул <ссвад>
Дуде вуссун как барав  камилав вали лълъвина.
Варакъалъ жаниб цIураб, бараатуналъул <ти>
Тамаша,гIаламалъи,  мунги гIодое рещтIи!

ГIаламги ахирлъидал, махлукъги пасалъидал.
ХерлъичIого,хвечIого, чIагоги телародай?
Дажжал ралъдалъ чIезавун, ГIиса зодов ахIарав.
ЭхIединанго хIебтIе хIурулгIинги ракьалда.

Ихдал хех баккараб тIегьтIун уна цеве ккарас,
ТIубалареб рокьуе  бикьизе чи щоларо.
Щобде гIансил гьаркьихъе гIалхул чанги чучула,
ЧарабухIарав дида вухIанагIан  цIа лъола.

ЦIулал киниялда мун куцан гIезе рес гьечIо,
Кинабго щекI-рихьалги рихьулеб куц хьвадулел!
Хьулни киса къотIулеб къадру лъалев чиясул,
Черхго буго бакъул нур, балагьун канлъи унеб.

Кагьруба,варакъ хъвараб хъахIаб гIарцул надалда.
Бани рокьо щоларо, рокьул мугьру кьабураб.
Кьурулъ лочной хисарал, халкъалъ рицунел кьунсрул.
Холевги нахъ тIамила,  хиял гьабизе лъани.

Беразул свери-хъери, ссигун рижун ругеб куц,
Жанир ругел ясберал сардилъ жавгьарин ккола.
Жанисан чи вихьулеб, чуричIого гвангъараб.
Чинидул гьумералде, гьарщун риччалел къунщби.

Къудрат бетIергьанасул, тIавусил рачI батила,
ТIад лъунеб батIияб кьер, кьуриялъул берцинлъи.
Бакъ тIерхьун тIаде лъалеб тIасияб моцI кинигин,
МугIрул сима-хасият халикъ,дудаго лъала.

Гургилъи, гвангъи, цIваки цIорол  элде кин щолеб?
Кинниги матIу буго, тIад нашадур бахинчеб.
ТIурисайнаалдаса  сонодул кьер тIад бугел
Риун тIурал гIанаби, гIадан виун лъугIулел

ГIусмани месед хъварал, хъахIлъи-багIарлъи тIокIал,
ТIеренаб кIветI-кIалалъул кIалъай рагIани гIола.
КIалдиб мацI багъарани,  маргъалазул цабзазухъ
Зобалазда бакъгин моцI цо-цо нахъ балагьула.

НагIли-якъуталъул нур бикъун гъорлъе жубараб
Жеги цIуяб жоялъул цIвакичIо дургIан нилъу.
ЦIараб натI бугеб габур  гочунаго къулани,
Лайлатул къадрийилан къулгIадул лъим бакъвала.

Немцазул пачаясул остолалда сивечка,
Сси дур щокъробе буссун- босана ясазул нур.
Намрудил сивул рокъоб бакънал рачунеб часы,
Чарал маккал хьвадула бахьинаб швемещилан.

Шагьри кагътил туп гIадал, тамахал гъажабазда,
ТIулада цIа рекIине, кIи-кIи руго курхьаби.
Килщида ругел малъал ралъдал жавгьарал руго
Релъедал чирахъулги чвархъан нур свинабула.

Ccини нахъе хутIичIo чIурканаб дур черхалъул,
Чапун меседил тIуни, тIокIай яс кин йижилей.
Кинниги хIикмат буго хIара дур бижиялъулъ,
Жибго самаазул иш адигIан кодобе кьун.

Кинида лъималазда лъагIичIого лъай щолин
Щиб мацIалъ гIарза хъвалеб, бичIчIуларин нилъер мацI?!
ЦIорол магазинахъе зваргъолеб зингир машин
Мазгьабалда цо цIар лъе, цIализениги ине.

Зодил хьухьалъ хьвадулеб бихьулареб лочнол тIинчI,
ТIун хIулиниги рехе, хIайранав дун вуссине.
Сипа-гьаят гьуинаб гьуригун щолеб щунгъар,
Щобде тIавап гьабун те тIадениги вахине.

Хун хабалъ вукъаниги, къанабаз хIехьеларо,
Мун каранде къачIого къварилъараб гьинал ракI
Къойилго алжаналъул нигIматги гIазаб буго,
ЦингIаги хьул къотIигIан  къвал баларел лугбазе.

Бокьани кьалуй къачIай, къабуллъани лъазабе,
Къуркъбузул диван босун, дагIбаде дун лълъвинаро.
ГIелин ккани рагIи кье, гIечIони чIванги рехе,
ЧIобогояб рокъове къулизе ният гьечIо.