РекIел би бухIараб хIухьел биччани...

Махмуд Хъахабросолъа
РекIел би бухIараб хIухьел биччани...

 

РекIел би бухIараб хIухьел биччани,
Диргин хIал бигъарал гъвелдариладай.
Берзул нур тIагIараб  магIу чвахани,
Чидар гIадамаца гIайиб чIваладай.

Дур рохалил харбихъ хал ккун дунги тун,
Дуца дунял тани,турун хвеларищ?
Дудаса ватIалъун тIул бухIарав дир,
РухIго бахъиларищ,хъвани дуде ракь.

Рогьалил канлъигун конторалдасан,
Кагъат бачIун буго чIегIер белъараб.
ЧIухIдай чай гьекъолеб бакъбаккул гIужалъ,
МагIил тагIзиятан,телеграмм щвана!

Щакъиги бакъвайги къиралзабазул,
Къалъул бакъ тIерхьанин тIаде бачIараб.
ТIокIаб къалмил сапалъ хIучч бачунгеги,
ХъахIил зодил моцI ккун дие бецIлъараб.

ЦIорол маржан жубан бижараб лага,
Берал къанщулелъул щиб къасд букIараб?
Къиматаб чинидул чапун тIураб черх,
Чан хиял рекIелъ къан, къирарал цаби?

Цо анищ букIана дуда щуризе,
Щварай ани аскIой эбел гьечIого.
Угьун хIухьел биччан,хIал хьоларищан,
ХIисаб гьабейилан бицен гьабизе.

Борхатаб тахида къайиги гIуцIун,
Къокъид ячIинилан къачIан йитIарай.
ЧIухIарал гьундухъ тун,гьабун хIурматгун,
Гьарун ун йикIана нахъ юссинилан.

Хъвараб къадаралъул къориние ккун,
Къаникье юссараб сапар бухьана.
Къец-дагIба гьечIесул гIажал данде чIван,
ГIурдал рукъ гьабуна гьабураб къотIул.

Къоял тIагIанилан тIаде вачIарав,
Чапар кIалъалелъул,лъиде къасд лъураб?
Къокъид маликулмат къаданив чIедал,
Къвал базе анищан щив дуда ккарав?

Бахьинаб надалда лепека ххазе,
Зулайхат рещтIинчIищ, тIатун халкъалда?
Халатал гъалазде гъаранпил тIезе,
Загьраъ тIаде щвечIищ тIолгоязда лъан?

ТIокIаб гьумералда махIал гьаризе
Марям аскIой чIечIищ, Асият ячун?
Чалухал беразда пампаги тIупун,
ТIаде хIенехI щвачIищ ХIава-эбелалъ.

ХIурулгIинзабазул къокъагун цадахъ,
Къаданий гIодулей ГIайнаъ йикIинчIищ?
ГIаршалъул мусудул хадурги гьарун,
Хвелалде хIадурго, ХIавраъ ячIинчIищ?

ХIажрул-асвадалъул хIанчIазул боял,
ХIулун тIагIинчIодай,духъ курмул ретIун?
КагIба рукъ сверулел сурма макказул,
Куркьбал гъенечIодай мунан чIучIадун?

ЛъагIри гIарацалъул гIорал щваниги,
Щвеларо кодое керен чучизе.
Щолареб меседил цIадал раниги,
ЦIороларо дир ракI духъги балагьун.

ДихIатул Калабил куц гьурмада чIван,
Кинабго черхалда чини букIана.
Чараб формаялъул партал ретIарай,
ТIабигIат ХIавраил хIара букIана.

ХIули меседилаб дир санаъ гигу,
Мун тIаде щолареб тIун айги дунял.
ТIокIаб маргъалалъул гъурал цабзазул,
Цо яс хванин абун абила халкъалъ.

Танвин игIрабалъе гIедераб дур мацI,
Борхьицадай цIцIуна, бецIцIундай ана.
Авараг хун хадуб халкъалда жаниб,
Мун гIадай къураалъ къуръан цIаличIо.

КъутIбуйин цIар гьечIеб цIуяб жоялда,
Гьединан тажвид лъай тамаша буго.

Дарай-барантикалъ бан буго чIегIер.
Дур лугбада кьурун кьечIин талихIан.
ЧIегIераб гIатIласалъ лъун буго магIу,
Лъидадай ретIине тIокIаб жибилан.

Меседалъ угьараб дур харайдул шал,
Мун хванин рагIидал,магIида чIечIо.
Дуниял канлъулеб кирхан хъабало,
Киб лъунги чIоларо мунан чIичIилеб.


Дуца бичун къалеб чухтIихъ балагьун,
Чара холеб буго Парханисалъул.
ЧухтIида далараб рухьен бихьани,
Бихьулел берзулги босун уна нур.

АнцIила щуйилъго щварай гьудул хун,
Вахчун-тIепун вуго тIамун дур гьудул.
ТIогьол нур босарай нусги ракьулъ тун,
Татуго хун буго Париханилги.

Халкъалдаса рищун цогидал ясал,
Мунги кьойид гьаюн,кьелаан нусго.
Мусру дуда байгIан гIадамазеги,
ГIадан хутIичIого тIагIинго лъикIан.

Зодил цIвабзазда гъорлъ цIвалъун теларей,
Тахкан-кирханалда хутIичIо Харкъаъ.
Хвезе биччачIого нахъе цIунизе,
ЦIакъаб кIал букIанин, кIвечIищ, ГIизраил?

КIицIул хIежги тIубан тIад юссигIанги,
ГIедегIана эхей, Хунзги гIечIого.
ГIажалги къадарги-къадир гуресул,
КIагIида кколаро кквезе кIиябго.

КIиго-лъабго соналъ лъун дуда ракIгун,
Лъай босун букIана рекIараб цIаялъ.
ЦIуладе нартги щван цIа лъураб гIадин,
ЦIигьабун судула гьанжеги курмул.

Кинида лъималги дур бицунаго,
Цоцахъ гIенеккулеб гIадат букIана.
ГIадангун рос чучун,чигун яс кIалъан,
Мунги кIочон тани,тамаша буго.

Турун,ракь гIадинан,курмулги лъугьун,
Карпитул ахIмаралъ тана дуниял.
Таманаб борхьил мацI хьолболъги хIунчун,
ХIурулгIин къанщана,къадаралде щун.

КъутIбу, къоноги чIван,ракьулъ лъунилан,
Лъазе цо байрахъ чIвай,бахъун суратгун.
Ссиялъул гIор щвараб лахIту гьабилан,
Зонода цIарги хъван,хъвай сверун накъищ.

Берал къанщулелъул,къан карандегун,
Кверниги босичIищ Сурхайил дуца?
Сардилъ рухI босизе вахIю рещтIиндал,
Васасда гурхIаян ахIи щай бачIеб?

БецIаб ракьалде ун, хIакъикъат лъазе,
ХIапаролъун анищ гьанже ракьалда.
ХIакъаб кашпуялъул керен-ракI цIурав,
Кодов щолев анищ бичасул вали.


Дир бицунеб хабар халалъунилан,
ХатIа чIван кIалъаге,кIудиял чагIи.
ЧIегIераб ракьалда нус юкъун хадуб,
Якьадалъ угьарал алфазал ругин.

Абизе рагIини гIемер букIана,
ГIечIониги тана,тушбаби цIикIкIун.
ЦIар-рецц бегьуларей Гьиндги йикIинчIо,
Гьадин ахир рехун хутIана калам.

Хирияв бетIергьан,гьелъул жаназа,
Жаннат бутIа гьабун,тIадегIан гьабе.
ТIокIав мун гуресул гурхIелалдаса,
РухI батIалъун хадуб тIагIунин хиял.