РекIел бухIиялъул хIакъикъат бицун...

Махмуд Хъахабросолъа
РекIел бухIиялъул хIакъикъат бицун...

 

РекIел бухIиялъул хIакъикъат бицун,
Цо хIухьел угьизин гьудулги рехсон.
Гьавадул цIадуца цIилал роркьараб,
Рокьул хIукму кьезин кьерилалъухъе.

Кьурулъан ицц гIадин магIуги чвахун,
Чорхол чара хвараб рисалат хъвазин,
ХъахIил зодил накIкIлъун хIухьел щущараб,
Щибаб сан сорараб пирказ бахъизин.

Нусабго логода чармил гудур бан,
Чияда тIатине течIо мун йокьи:
Танкан кереналда кор боркьаниги,
Каву къан, хIехьана хIасратаб балай.

Бергьараб гьавадул гьури тIаде щун,
ТIад гьан бакъван вугин,ваче каранде.
Къосараб гIищкъудал гIурулъе ине
Асар хутIун бугин, баче кверниги.

КагIба рокъоб бараб мугьру тIад бугеб,
ТIогьилаб явлухъ чIван, яхъуна рагьде.
Рималъул тукабахъ тарихал хъвараб,
ХъахIаб ретIел ретIун, чIола рагъида.

Рогьалилъ ахIдолеб хIайранаб гIанса,
ХIасраталъул цIеца вухIулев вуго,
ЦIоралъул бахчабахъ чIичIидулеб хIинчI,
ХIал тIаде ккун буго тIаса унареб.

Нагагь дур цIар абун ахIулеб гьаракь
Росулъ рагIаниги багIарула черх
Чергес форма ретIун, дуда релълъарай
Яс иней йихьани, хьухь лъуна бадиб.

Барзахалда ругел жанаваразул,
Жинсгун санаъ щварай щобазул жайран.
Жанаталда ругел хIаврааздасан,
ХIусну бахъун кьурай кьурул гIамирко.

Кьер берцинаб микки, мунин угьдиялъ,
Дуниял бухIулеб хIухьел биччала.
Бакъан лъикIаб гьудгьуд, духъ зигардиялъ,
Зобал рикь-рикьулел гьаркьал гьарула.

Гьиндустан пачагун чучизе къасдищ,
Чара бухIун, яхI хун, холев дунги тун?
Халикъас цIарги чIван, дуй рос кьеларо,
Кьурун юссинчIого, юсса дидехун.

Дуцаго квер хьвагIун, куцун дунги лъун,
Каранда кIулал ран, йикIин щиб гIодой?
Дир берзул нур ине ишанги гьабун,
Гьойца балкан телищ, дуца дун гIадин?

ГIаршалъул хIободе юссин даимай
Сурмияб тIавусихъ тIад вакъван вуго:
Къубайсалъул мокърукь бакънал рачунеб
Къирбал милъирщодухъ щущалев вуго.

Лугбал гьайбатица, гьан хIереница
"РухI гурищ  босараб нусабго логол"
Берал чалухица, черх узданица,
Ургьибе квер бегьун, бахъун ана ракI.

ХъахIаб гIарацалда гIусманияца
"Исму босун хъвараб сагIдияб лага";
Месед къотIулелъул КъустIантIиналда
ТIад зарбу угьарай афцерасул яс.

СугIад гIажизлъараб дур гIамалалъухъ
"ГIурдал тIегь угьдулеб гьаракь рагIула";
ГIайнаъ паналъараб берцинлъиялъул
Бицуна хIикматан хIисаб гьабураз.

Гьавагун къокъунел къункърабазулги
"Къукъаби рукIуна рецц дуй гьабулел"
Гьиндил рахъалдасан хъвараб казият
Кибего щун буго бакъ-моцI мунилан.

Нил гIор къотIун унеб къиматаб ччугIа,
"ГIалхуда чундулгин чучун уна къо"
Чармил кьурабалъе рас меседил бис,
Сардал рогьин гIела, гIабдалас гIадин.

Имраул Къайисил къиса рагIидал,
Къого бихьун гьечIо, дир хал гьабуни,
Халкъалда лъанщинал къайисзабазул
Къо бухIарав гъарин дун гурев гьечIо.

Борхатаб гохIалде ахIдолеб гагу.
Дур гьаркьихъ гIенеккун гIумру биччала,
ГIидрадул тIегь цIуйзе зузудилеб най,
Дуда хадув валлагь, хвегIан угьдила.

Огь, дур лугби тIураб халипаялъул,
Халкъалъе рахIматлъун нусго яс анищ,
Санал дуй гьарураб чиниялдасан,
Чапун риун тIезе устар дун анищ!

Инглис, парангазул гванзгIаладул тай,
ТечIони щиб, гьудул, гьаб зулму дие.
Мунин угьун вегун, огьилан вахъун,
Аллагь рекъеларо дир гьаб къоялда.

Къилбаминаялъул мугIрул хIанчIазул,
Дуй сипат гьабураб тасбихI рагIула.
ХIажрул асвадалда сверун хъвараб хатI
Дур цIар бугин абун цIалулеб буго.

ЦIорол фабрикабахъ биараб налбек,
"Мун кодой щвелилан киса хьул лъолеб"
Кагьру-гIанбаралъул ГIусманил чадир,
Дургин къадар хъвалеб къо киса щолеб!

Къиралзабаз хъвалеб заграниц кагъат,
Кинида мунги лъан, лъай буго босун.
Бадру-хIарамалде хIур хъвачIеб кирхан?
Кокода мун йокьун,бикьун буго ракI.

Балагьун хIалхьани, йихьун къеч хьвани,
Къварилъи тIаса ун, инаан къоял.

Огь, Аллагьан ахIдон, гурхIаян гьардон,
Гьадиндай хутIила хвезегIанго дун?
Хиялаца вухIун, хIасраталъ вежун,
Жанив туризедай тезе хъван бугеб?

Берцинлъи дуе кьун, рокьи дие кьун,
Бикьун бутIаялъги тIокIлъун ккана нилъ,
Камиллъи дур цIикIкIун, цIерлъун дун виун,
Данде билълъун буго нилъеда дунял.

Духъ балагьун берзул нурги босанин,
Сибирь баркун кагъат кодоб щай кьураб?

Каранзул цIилада цIа лъун течIого,
Туснахъги гьавуна гьанже гьудулалъ!
 

Дун жанив свердула савмагIатазда,
Сурат балагьизе дуда релълъараб.
Сси бугелщиназда аскIов щваниги,
Щийго ятуларо тарих дур бугей.

Бакъ мукIурлъилаан, кIалъалеб ани,
Эб дур сураталъул сси тIокIабилан.
Сужда гьабилаан, сардил моцIалъги,
Гьеб дур гьумералъул гьайбатлъиялъе.

Гьал насраниязда сурат бихьани,
Сверила, динги тун, дуй хъулухъалъе.
Хъанчил агьлуялда гьайбатлъи лъани,
Лъела дуда иман, икъуналги тун.

Ал баринзабазул гогьал ясазул
Габур къулилаан, къимат бихьани.
Берцинлъи цIар тарал таватиязул
Тарих хъвагIалаан, хъахIлъи рагIани.

ГIарцул панкъал чIвараб формаги ретIун,
Пайтоналда анищ цадахъ рекIине.
Симис гIанбарулаб гIадатIе тажгун,
Тукабазде анищ квер ккун хьвадизе.

Камураб жо гьечIо гьал городазда,
Бакъулгун къец ккарай мун гуронани.
Маул хIаяталде хIажалъаниги,
ХIал кIола батизе, ятуларо мун.

ХIажрул-асвадалде хиял кканиги
Щвезе бигьа буго, мун йиго захIмат.
МугIрузда къайислъун къварилъиялда
Къоял, сардал арав дир хIисаб гьабе.