РекIел хIуби бекун хIухьелги угьун...

Махмуд Хъахабросолъа
РекIел хIуби бекун хIухьелги угьун...

 

РекIел хIуби бекун хIухьелги угьун,
ХIасратаб каранзул каву ричIизин.
Квешаб гIищкъуялъул къаналги рорхун,
Къваридал лугбазул гордал рагьизин.

Нусабго саналда жаниб бахчараб,
Балагьи гьурщизин, гьудул, дуего.
Гьангин ракьаялъулъ бикьун букIараб,
Базин гьава цебе, гьалмагъ, дудаго.

Ножода рагIичIищ мигIражалда гъорлъ,
ГIищкъуялъ бакъвараб буракъул къиса.
Къо нахъе бахъани хIабиб вихьизе,
БухIун жиб хвелилан, Жибрилгун кIалъан?

Жеги Мажнунил тIехь бихьичIогойищ,
Бихьинал-цIуязда цIалулебгIаги.
ЦIерлъун биун унеб аб дир черхалда,
Дурго къадарлъиян, къецен гьабулеб.

Къуръан-гIелмуялда гIамал батани,
Бугьтан букIинарищ кIалъай чиясде?
Рокьуца гьан чапун чара бухIараз,
Чидар гъвелалъулдай ургъел гьабулеб!

Гьудулан абигун унтиян гурон,
Эйги кIалъаларо ракI бохиледухъ.
Балъго цIуничIони цIоб тараб балай,
Балагьлъун лъвиналда божиги гьечIо,

Балагьун кеп щвезе кивниги чIани,
Куц квеш вихьулищан хьандола ясал.
Дирго къваригIелалъ къватIив вахъани,
Хъурмие щибдаян щурщудула халкъ.

Щибниги ургъелалъ аскIой щварав чи,
Гъоркьан балагьула, вокьуларо дун.
Гьединай йокьулей, кьаллъараб гIамал,
Кьеян чи витIизе вачун вугев рос.

Судулеб дир тIул-ракI, тIад лъун бугеб гьир,
ТIокIаб гьава рекъон къо кин букIунеб.
Босун бугин гIакълу, къун бугин талихI,
Квеш-лъикI мунго гурхIа аб дир хIалалда.

 - Дун гурхIичIей ани, ахIмакъ, дур габур,
Къулун букIинаан некIо гIадинан.
Дица чIухIизавун зодой вахиндал,
Дунги ялъаргъизе лъуна дур хиял.

Хвайги-айгийилан абунаниги,
Ургьиб ракI бугеб дир бежун инеб духъ.
Унтад-турадилан дун ахIданиги,
БухIулеб дир керен дудаго лъала.

Дунги чи вокьулей, рокьи гьабурай,
Гьеб гIелму цIалулей гIадан йикIинчIо.
ЦIогьораб гьве гIадин тIадеги хьвадун,
ТIул-ракI дир квинчIого кинго чIечIо мун.

Кидаго инсанас ясан абуни,
Унти букIана дир кIалдиб бугеб жо.
КIалъай гьабичIого, балагьичIого,
Балагь рештIана тIад тIаса унареб.

Алжаналъур ругел Адамгун ХIава,
ХIиллаялъ рахъана нахъе илбисалъ.
Элъул ирсги босун, вас, дуца дунги,
Дирго рукъалдаса къосинаюна.

Къасде хIалтIи гуреб, къад хIалхьи гуреб,
ХIал щвараб кьал буго кьун дуца дихъе.
КьогIаб квинежогин, квешаб лъим гьекъон,
Кинан яхI гьабилеб гьаб хIалги баччун.

Абулеб, бицунеб бицен букIана,
Царал гIамал бугин гIадамазухъан.
Дунгоги, гогьай жо, гаргадулаан,
Дида кIалъайин эв кIолеб батани.

КIиябго рахъалъан ургьиве лъунев,
Борохь вукIун вуго, вихьичIониги.
ЧIухIдае гьан кванан, копой би гьекъон,
Къвалакьа яс камун квен билълъунарев.

Кинабго черхалъул ихтияр щведал,
Щиб дур бугеб дагIба дидехун базе?
Щибаб лагаялъул кверщелги кьедал,
Щиб дуе бокьараб дир рукьбадасан?

Дуе рихинчIого бахъиларилан,
Балеб къвалги буго къойилго дида.
Къоно тIад чIвачIого ричIиларилан,
Лъолеб кверги бугин дир кереналда.

- Рокьул гIадат буго, гIазизай гьудул,
ГIемерго бергьани гIадан гьаглъулеб?
Дида бугеб гIищкъул гIащикъаб цIаялъ,
Мунин юхIилеян хIинкъун вуго дун.

ХIасрат цIикIкIаразда цIарги букIуна,
Берзул канлъиги ун лъай босулилан.
ЛъачIого дир гIищкъу дудеги бахун,
Мунин гьаглъилеян гьабула хиял.

Хадуб хъваяб гьава гьагаб жо буго,
Гьудулан тIад чIола тIоцебе бачIун,
ТIун бахъун ракIги ун, нахъеги кIанцIун,
Угьдилаго тола талихI къарав чи.

Гьеб дуца абухъе, илбис кинигин,
Ясада хадув лълъун херлъулев дунги,
Хванагури исму, сванагури цIа,
ЦIи гьабун цIа лъунин дуца каранда.

Таманаб гIумруги гIемераб мехги,
ГIадада биччана руччабахъ дица.
Мун гIадин рос рукъгин рекъолей гIадан,
КъотIной данде гIаги дидани чIвачIо.

- Дие гIазаб кьолев  ГIизраил малайк,
Дунгин къеркьечIого кьолбода кIалъай.
Кьурулъе вахунев Хизри авараг,
Хиял дур батани бице инсуда.

Инжил кодов кьурав камилав ГIиса,
Кин мун угьдуларев дир эбелалъе.
КагIба рукъ бахилав Халил Ибрагьим,
Холев мун ватани, ворте вацазде.

Дир каранда бугеб квешаб хъабанул,
Квер чIван чIоло бахъе, чIухIарав лачен.
ЧIегIер берал къолеб рузил мукъулукъ,
КъотIун рехичIого, тIун нахъе босе.

ТIеренал кIутIбузда кIал чIвалеб пасак,
Боснобго рухI бахъун, хъархъилъе рехе.
Халатаб жаналда жемулеб борохь,
Жаниб харилги цIун, цIа бакьулъ речIчIе.

Дир щекъер къакъалеб щурункъверкъалда,
Щулияб гьорчо лъе гьодида босун.
Гьумер тIутIун балеб тIусулхIамида,
ТIаме гIурул хоно, холарищали.

Хвалий гар-гадулев гигу мегIудул,
Габур къотIун рехе къотIноса эххе.
Къоркъол гьумер гъураб гьведул кагIие,
Кванилъ жубазабун загьру щвезабе.