РекIел чирахъалъухъ чорхол рухI араб...

Махмуд Хъахабросолъа
РекIел чирахъалъухъ чорхол рухI араб...

 

РекIел чирахъалъухъ чорхол рухI араб,
Чанил бурутIалде битIизин салам.
Чакарул гьаналъул гьурмал кьер бугей,
Кьурул жайраналде жаваб гьабизин...

ХъахIилаб зодихъе бакъалдегIанги,
Дургин къецен тана къоролзабаца.
Къаси бецIаб сардилъ ясалги рижун,
Ясал къалъулей мун къад йижун йиго.

Къуръан-хIадисалда хIурулгIинзаби,
ХIисаб хун бицуна,берциналилан.
Берцинлъи тIабигIат тIокIлъараб инсан,
Йигеб бакI рагIичо,ГIаинаъ,дудаса.

ГIаршгин Курсалда тIад ругел мусудул,
ТIaхьаца абула,элин цIакъалан.
ЦIияб ратIлил форма,тIад чIван гормендо,
Мунги гIела,ХIабсат,хIикмат халкъалъе .

ГIанси тIамуралъуб тIогьол нур буго,
TIолго ясазда гъорлъ мисал дур буго.
Лълъурдул гIодор гъарал гIачиязда гъорлъ,
ГIалхул чанил буго черхалъул гьава.

Гьадаб сипаталда сверун къвалги бан,
Къаси дуй букIунеб рекIел гъейго щиб?
Гьадаб куц-мохъалде керенги чучун,
Кинан мун къулулей къадги рокъое?

Къун ралъадги тIагIун,тIегь баккуларин!
ТIун кин бихьулареб юхьараб рохьен?...
ТIад хI**** жемигун жужахI батаги,
Вокьуларев васгун яс юхьаразе!

Дур чорхол гьаваги гьурмал гвангъиги,
Гьаян тIаделъула,тIепун чIанагIан.
ТIаде моцI щвечIони,щобил рагIалда,
ГIун лълъунаро канлъи канаб цIвайилги.

ГохIде яхинчIого яхчун чIун йигей,
Дур тIерхьиялдаго цIар щибан лъолеб?
Ялъуни мун хIакълъун ХIабсат ятила,
ХIавал ирс босарай, ясилан тарай.

Чирахъ бакичIого килищ-квералда,
Канлъи-лъай букIуна лъалеб малъазул.
Курхьаби ххечIого гъажабаздаса,
Бакъул паркъи буго къадада чIвалеб.

Къец бан инсанасул суал тIагIараб,
Гlажаиблъи, дур черх чирахъ батила!
Чанги инкар ккураз накаби чlвана,
Чlурканаб дур лага бугин нурилан.

Росо сагьвиллъарай, саламал лъурай,
Сардилъ багъарулеб гъвел лъугIун буго.
ГъалбацIал бахилай, Харкъаъ урхъарай,
Дур рукъалъул къелъан борохь инаро.

Рокъор тIепаралги тIаде щолелги,
ТIулалъ цIа бакарал руго киналго.
Кванде къулулелги къотIнор чIолелги,
Къайсил наслу буго ясал хваялъул.

Диргин чан гьабуге, чалухав гьудул,
Чармил гудур бугин  габуралда бан.
Чучун гаргадуге, гургинал берал,
Гамил рахас бугин бохдул рухьараб.

Бичун чохтIо къала чи вегулаго,
ЧанцIул цIаюцIулей цIалагун мехгун.
ЦIар ахIун кIалъани лъалев чиясда,
Лъалаго кьер уна, рукьбал риадил,

Аб дир къагIидаялъ росгун цIуяб жо,
ЦIад къотIизегIанги,тIубалароан.
ТIул бухIад хIехьезе хIайваналдаги,
ХIал киса кIолеб ан,кIалъалеб ани.

Дунгияли,лачен,чи вокьичIого,
Чорхое авги гIун,гIодой чIун гьечIо.
ГIадамазда лъани,лъолеб бугьтаналъ,
Тун букIана гьава,гьедун,жанибго.

ВачIун дида цеве рос каки гуреб,
Дурги гьунар гьечIо гьабун лъугьунеб.
Лълъурдул гъурараб оц,гъвалил гIадаб куц,
Киве гьав рехилев,хал гьабе дуца?

Дунялалъул икъбал къватIаздеги ккун,
Дир къвалакье ккараб чудук бихьулищ?
Дандиялщинаца талихIги бищун,
Щалайдул хIоринир хIатIал руго ккун.

ЛъагIалий бачIунеб рамазаналхIа,
МугIрулги рухIила дир хIухьел чIвани...

Дунял рогьунаго нохъоде лълъунеб,
Рузил хъатикь йиго дир йокьулей кьун.
ХъахIлъи баккарабго хъархъиль гIунулеб,
ГIужрукъида къвалакь къан йиго Лайла.

Чан гIадан ятулей, гIазизай гьудул,
ГIарцухъ резги босун меседан абун.
Ясал гIемер руго гIолилазда гъорлъ,
Гъалайдул кьерги гIун, гIарацан абун.

Берзул канлъи хварал херал чагIаца,
Чи ватIа гьавула тIад кверги бахъун.
Рахъун инчIел берал босун инчIеб нур!
Росулъ вугев гьесул гьабуларо хал!

Халатаб сапаралъ нухIтIа къокъунес,
Къаси рещтIине бакI къадго цIехола.
Къо бухIарай гIабдал, дурги гIедегIи,
Дандияв кин лъачIев лъабцIулго цеве?

ЛъаргIий, ЦIорой унел церехъабазда,
Рокъоб лъазе ккола къаватIиб бугеб жо.
Бокьулареб даран, кьаллъараб базар,
Дуда эб кин кIвараб ракIгин гьабизе?

РекIун чугун унел чабхъадулаца,
Чи витIун цIехола тIаде щолеб бакI.
ТIегь берцинаб байдан бесдаллъунги тун,
БухIараб щобида щай мун рещтIарай?