Рогьалилъ баккараб бакъ бакъанида тIерхьуна...

Махмуд Хъахабросолъа
Рогьалилъ баккараб бакъ бакъанида тIерхьуна...

 

Рогьалилъ баккараб бакъ бакъанида тIерхьуна,
Унтун, цIилъун лъугьуна каранда ругел ругънал
Харил кутак хванани, гIалхул чанги чучула,
Чорхол ияхI хун буго дой ясалъухъ рокьи ккун,

Хасел чIовулъ чIвараб цIер цIад хIаллъидал биуна
Биун уна гьинал ракI гьавадул цIа ургьиб лъун.
Лъукъун араб ритIучIалъ мугIрузул хер кунаро,
Керен лъукъарав дида кванил лазат лъаларо.

Кваркьи бекани, лачен чврхъан гIодоб речIула,
Лага бакъварав дида вахъун чIезе кIоларо.
КIал пасихIаб милъиршо гохI-щобалде ахIдола,
Дунги инин ахIдезе гьудул данделъизегIан.

Лъаралъ кьалбал ругеб гъветI, кар буцIцIун, зодоб уна,
Зигардизе къасд бугин, къадар бичас хъвазегIан.
ХъахIил зобал гвангъулеб гургинаб къамаралда
Къвал базе кодой щвани, щиблъваниги кIваричIо.

Куркьбал чараб ихдал хIинчI, дир рагъида къинлъани,
Къабулаб хIаж бугоан дун гIадав пакъирасе.
Дие мун хиралъеян халикъасде гьарулин,
Гьабулеб жаваб гьечIо жеги бетIергьанасул.

Гьаваялъул лочноца чорхолъа бахъараб рухI,
РавхIаниюнал рачIун гьарани, кьелародай.
Кьурул сурмамиккиялъ босун араб берзул нур,
Балагьизе инаан, нахъе кьолеб лъанани.

ЛъарагIазул муцIидулъ мацI берцинаб чIороло,
ЧIахIил босноб ахIдолеб исана сон сверана.
Дунял канаб шагьри моцI ралъдалъго чIун рагIула,
ЧIухIарай хIурулгIиналъ нур бикъилилан хIинкъун.

Цодагьалги санаца мун ракьалда кватIани ,
Кинабго аб Дагъистан дудехун буссун чIела.
Къуръаналда ясенгIан ясалъ тIокIай хIурулгIин.
ГIайиб гурищ, къоркъода къвал жемун мун йикIине.

Къимат хвараб хераб руз босноб бачун хьихьидал.
Дудаго лъан батичIищ, дунял кьун йохичIолъи.
Щибха, гьудул, гьабилеб, гьикъуге гьанже дида,
КIудияб гьир ккун бугин гьанже аб дир мугъалде.

ГъалбацIие къорги гъун, къачIадулей йикIаго,
Къуркъбузул хIориний ккун, лъим лъачIого хутIана.
Харилъе чIегIерборохь жемун бугин гарбида,
Маххул хIосал раниги батIа гьабун кIолареб.

ТIубалареб ригьнаде квер ккун ячун дун кьурай,
ЖужахIалъул тIиналде ккаги, дир херай эбел.
АхIмакъаб дарамалде данде чIвазе гьаюнин,
Дунял тун ине ккаги, тIул бикьарал дир вацал.

ТIокIаб гьари лъаларо херав инсуй гьабизе,
Гьури пулеб сордоялъ цIадаве ккун вухIаги,
РухI бахъи мекъсаги ккун, къварилъаби цIикIкIаги,
Гьав цIар бахъадил квершел диде ккезе гьабунин.

Гьаваялда лочнолгIан черх рекъарай гъарин дун,
Чудкица квачIалги ран, керен бугин кваналеб.
Каб-каул ХакъайилгIан къадру бугеб дир лага,
Къоркъолгун бусси цолъун буго гьанже сурулеб.

Басма тIохьол алифгIан узданаб гьаб дир чорхол,
Чолорчоялъ къвал байдал къимат ккун буго гьанже.
Къуръаналда кангIаги кеп рекъарай йикIана,
Кашишасул квераца кверхине гьаюн йиго.

Гьаваялда хIанчIазул хIули-милъир хъвачIей дун,
ХIарщул борохь лъун буго дир нусабго лугбалъе,
КIвеларищ гьел гъуризе, гьабиларищ гъазават?
Зобалазул хIурулгIин, хIайранлъун рекъола мун.

ХIанил васикIо гIадав вас восизе лъачIелъул.
ХIарщул борохь бегьула дур каранда кваназе,
Канарку гIадинав дун гIаданлъун гьавичIелъул.
ГIурулъ ритIучI кквезеян чан гьабулей йикIаго.

Чаларчаги хъатикь ккун хъвагIадилей хутIана.
ХъахIаб ххамил натI босун росулъ сверданхъаниги,
Босулареб ххамида хехго чи данде чIвалищ?
ЧIегIерчудкуз кванаяв, куц сурарав циганав.

Росин дудеги чучун дунго кинан йикIиней?
РекIун цIаялъ вухIаяв, хIал гьечIев, дир хIалихьат,
Вичун восизегIаги гIадан данделъуларев.