Рокьи басанадулеб саламгун цадахъ

Махмуд Хъахабросолъа
Рокьи басанадулеб саламгун цадахъ…

 
Рокьи басанадулеб саламгун цадахъ
Хъвазин цо гьадият гьорохъе кьезе,
Гьава боржанхъулеб жавабги босун
Рисалат битIизин зодил хьухьазухъ.
Хьиндал кIкIалахъ  ругел гъутIбузул тIогьад
ТIинчIаб найица цIун гьоцIо бахъуда,
Гьаб дир хIохьелалъул хIурупаздасан
ХIалуцарал курмул киназго чуче.
Чабхил иццул лъеде дугIаги гьабун
Гьаглъарал гIадамал руссинарулин,
Васигатлъун араб дир угьдиялъул
Ургъел бикьун рокьи кьерилаз данд бай.
Кьалде гIищкъу ккарал гIолохъабазул
ГIарза хъвалеб адрес исмудалъ бугеб.
Алжанул мусудул бусаде цIазе
ЦIалулеб курс бугеб килщазда гьоркьоб.
ТIулал бида гьркьоб гьава бетарас
Гьури цIикIкIинабе цIар гIемер ахIун,
ЦIер гIадин чорхол гьан чапун тIагIарас
ТIаме боцIуда цIар бер къанщун кьезе.
Къец ккун дагIбаялде балай буссани
Исму босилилан басе кагътида,
КигIан еццаниги цее лъутарай
Рос чIван яхъилилан хъван лъазе гьабе.
Гьаб дир малълъ гIечIого чIухIун хьвадарал
ЧIалгIаде гIумру ун гIадада хвела.
ГIакълу босичIого рорчIун араца.
Ахиралде ккедал хачалел курмул.
Рокьуца къакъарал Къайисил васал.
Къан дир гIелмуги ккун ракке ругънаде,
ГIищкъуялъ мерхьарал Мажнунил лъимал
Лъабабго рагIиялъ рачинел нухда.
Ханзабазул бика, беразул канлъи
Кин мун гурхIуларей аб дир хIалалда!
ХIавраазул  амир, алжанул буракъ
Дурго къавагIидахъ гIингIаги тIаме.
ГIалам къалъулеб бакъ бикъулеб гьурмахъ
ГьаглъичIого чIарав чIвазе ккеларищ?
ЧIурканлъи моцIролал цIвакарал лугбахъ
ЦIерлъун рухI биинчIев инсан вукIинищ?
НагIли, маржан жубан рижарал берахъ
ЖужахI боркьун буго дирни рукьбазда.
Кьер-гьан гIамбарулал дур гIанабазухъ
ГIакълуги бихун  ун хаган ккун вуго.
Харде тIегьалдаса тIад кьер бахьинаб
Нилъуян лъай буго лъалаго тIагIун
Лъарде полопалда пунщи релълъараб
Щвемещалъухъ буго бахъун унеб рухI.
Гьеб хIатIил росиги, къейги
Дир тIул-ракI бежизе бижун буго дур.
Жавгьар-якъуталде варакъги тIинкIун
КъачIараб зигьнуян гьаглъулев вуго.
- Вай гIадалав гьалмагъ, унго дур хIухьел
ХIерен гьабулеб куц гьабулеб реццалъ,
Гьуинлъи бихьулищ бицунеб рагIул -
ГIадамал гуккизе дур бугеб гьунар!
Гьардарав БетIергьан, гьикъизе анищ
Абулищ ракIалъги, бугищ гьединан.
Бицун ясал чIвалел кIалзул чIораца.
ЧIарбида ккарай дун гьаглъизаюге!
Гьай дун гъарималъул гьурарал лугбал
Гъоркьеги рачIого чIаголъизе те,
ЧIунтараб гьинал ракI гьорохъ пуйчIого
Пайда лъунарищан щай къачIалареб?!
Босун кодоб кьуни квине ракI къалеб,
КъватIул гьойца чурхъун чороклъараб гьан,
Чурун бацIцIунареб болъонил биялъ
Балкан гIадин белъун куц хвараб гьумер.
МацIакь загьру бугеб чIегIер борохьалъ
ЧIалгIаде мерхьараб черх цIилъиларо,
Бихьарав хIинкъулеб рохьил хъазица
Хъархъилъе цIарай дун цIорон хвезе те!
ЦIорол матIу гIадаб тIад хъал хъахIаб черх
Хъублъараб чуризе зам-зам щвеладай,
Заман щвелалдего шапулел берал
Щурун къверкъ хвечIого хвасарлъиладай?
 - Загьру-заркъумалъе къулчIулеб дарман
Дур гьурмал гьанада гьогьенго чIвачIищ?
ЧIаго жужахIалъе хIисаб хъвалелде
Хехго тавбу гьабе гьел рагIабазе!
ХIакъ батила, гьудул, гьедин бугьтан лъун
Лъалаго мекъиса Къуръан цIалуге!
ЦIоролъ чини жубан бижараб дур черх
Чурхъулеб гьвел бетIер тIун къеда балин.
Бидулъ жин белъараб болъонил таращ
ТункIица ругъун лъун гъугъдулъ букъила,
Къелъ букIунеб борохь мухь кьун чияда
Чабххилъ лъезабила мун тIад рекъани.
Къулараб хъазида хъархъилъ букIаян
ХъирулганчIил къоно къаданиб чIвала.
Къимат тIокIаб чорхол чалухал лугбал
Чапун тIагIиналде дугIа гьабила.

#ИМЯ?

Вас, мун гIедегIуге ургъел бикьизе.
Ургъилин кIиялго хIалихьатие
ХIехье гIищкъудал цIа, цIуне балъголъи.
Лъарги, гIорги бугин багъилеб цоцалъ,
Царал хIилла гьабун гьесухъа борчIун.
ЯчIун дару кьелеб дур тIул-ракIалъе.
ТIогьоде чакар щван щакъигун билъун.
Босун сабабги хъван сах гьавилев мун,
Ма, яче, къвалакье къеч дурго хьвазе!
Къадру хIижазияб зобалъул щунгъар
Щокърол гъалал хьухьун хьул буссинабе!
Хьухьилъ боржанхъулеб бахьин къвекIаб цIум
ЦIергIадин бичулеб дуе гIоло черх,
Чундулъ гьунар тIокIаб тIадагьаб лачен,
Чирахъуй рухI бичун канлъи дуй кьела.
Кинабго у буго, алжанул булбул,
ГIакълуялда рекъон къвалги гурани.
Гар-гар битIун буго, бахьин хIанчIил тIинчI,
ХIухьлада рекъараб хьулги батани.
- Бицен къотIизе те, Къурратул гIайну,
Къазин цо каранде куцда битIизе.
Къадар жибго хъвалеб Жаннатул маъва
Жемизин цо-цо къвал рекъон кколищан.
Гьаб бакIалда къотIун къокъ хабарги тун,
Танкан бисмиллагь лъе гьоцIо чIикIизе.
ГьечIин тIокIав инсан аскIов ахIизе -
АлхIам цIале тIубан, тIаме патихIа..