Рокьи ккарал гIадамал гIинтIаме...

Махмуд Хъахабросолъа
Рокьи ккарал гIадамал гIинтIаме...

 

Рокьи ккарал гIадамал гIинтIаме хабаралде,
ГIищкъу бугин мусудул балагье вагIзаялде.
Дирго рокьул къисаби къватIир загьир гьаризин,
Гьудулалъул казият киназего цIализин.
Йокьулелъ гьарун тарал хиянатал рицинин,
ХъахIаб итаркIоялъе чан гьабулев вукIаго,
Чараб гъедоги бачIун божун чIезе гьавуна.
Гьудулалде квер базе квалквадилев вукIаго,
Куц хIулараб хIамиде хIасрат бергьун хутIана.
Хирияй гьудулалъе гьоркьохъанлъи гьабизе,
Гьунар бугей жойилан цо гIадан ккун йикIана.
Жиндирго хиял бугей хиял квеш йикIун йиго,
Ханасул мусудухъе рагIи босун йитIидал,
Я жийго ячIунаро,я рагIи бачIунаро.
Жиндирго дихъ рокьи ккун кьуркьулей хутIун йиго,
Кьенсер нодоги бекун къачIалей хутIун йиго.
Къоролзабахъе хьвадун рокьул гIамалги цIалун,
ЦIер гIадин дун виине мацIги босун ячIана.
ЦIуял жал нилъер росулъ гIемерал гуро ругел,
Эй гурони цойгидай бегьиларищан абун,
Багьана щиб гIолихъан,гIолей яс дунги йигин.
КъвакIарал курмул ругин,бахьинаб керен бугин,
Кагътида мухъ гIадинаб кIиябго кьенсер бугин,
Кьурарал чиллай гIадал чохтIинир гъалал ругин,
Хункарасул яс гIадай чIухIарай дунго йигин,
Гуржи-ЦIорой рагIараб цIар бугеб габур бугин,
Барзахалъул хIурулгIин, хIежалде Умагьани,
Гьайбатай яс дуеги дун гIадинай щвеларо.
Шамхаласул Баху щун, къвал бан мун веганиги,
Холей гьадин дунги тун даран дуй битIиларо.
Дунял цIурал ясазул кверщел духъе щваниги,
Квешаб дагIба диргоги дуеги камиларо.
КагIбаялде аниги хIеж дур къабуллъиларо.
ХIасраталъ йухIун холей гьаб хIалалда дунги тун.
-Щиб ле, яс, цIакъаб хабар хиялищ дурго лъураб,
Дие йокьарай гьудул чияй чучун ятидал,
Чиго гурхIарав дида гурхIизейищ бокьараб.
КъотIи гьабизе ячIа кидаго биххулареб,
Гьаб бакIалда квер бачун камилаб рекъел гьабун,
Къана рокьул каваби кинабгоги жибго тун.
Рокъове щун гIодов чIун гIемер ракIго сасинчIо,
ГIолихъан къокъун ана къваригIараб босизе.
Дица росу танилан ясалги гаргадила,
КIудияб дарамилан гIадамаздаги ккела.
Дербенталда бессараб,ссурма дарай босана.
Салдарасул яс гIадин йокьулей къачIалилан,
КъунстIантIинал гвангъарал гормендаби росана,
Кинязил чIужу гIадин гьудул чIухIизайизе,
БагIараб,хъахIаб гIарац хъатица бан босана.
Меседил гIертел бараб гIурччинаб шал босана.
ГIеларищ гьудулалъе гьабгущинаб сайигъат.
Ссурмияб гIатIлас,зарбал кинабгоги данделъун,
Йокьарай гьудулалъе гIундузда разе кIилкIал,
ГIазизай йокьулелъе рукьалда ххезе курхьай,
Камилай гьудулалъе килщида ххезе баргъич.
Кинабгоги данделъун даран битIун вуссана.
Гьеб сапаралъ рокъов щун гIемер ракIго сасинчIо,
СагIдияй гьудулалда бер чIвазе хIасралъиялъ,
ТIаде вахъун тирана,тайланго батуларо,
ГIолил ясал гурони меседо ятуларо,
Мусудузул харбиде хал гьабун гIенеккидал,
Дир йокьулей чучараб чагъана хъвалеб буго.
Чармил сангарги къараб ,сверун гIалам гьабураб,
Къали гIатIал кваналев Арбулие ун йиго.
ГIажал гъаяй хабар квеш, гIедегIунищ йикIарай,
ГIангур бацI бихьаниги рохьоса лъутун унев,
ГIалхуда гьой батани гьабихъа нахъ вуссунев,
ЧIегIер хъазнил гьавурав,гьади цIулад велъарав,
Гьавурай эбелалъги аскIове къазе течIев,
Гьесулгун къадар хъвайдал къана дур анкьго талихI,
Расги къварилъиларо къадар хъвачIогунилан.
Къоло щуго сон буго чияца гьудул яхъун,
Абурай щвечIониги анир гIемерал руго,
Мун чидае аниги щолей чи камиларо,
Зобалазде рахунел шайихлъун рахъаниги,
ЩайтIан нахъа рекIинчIеб цIуяб жо букIунаро,
Дунгони божуларо женаз кквеял ясазда,
ЖабрагIилас квелъги бан квегъун дихъе кьуниги,
КагIбаялде аралги хIеж борхун руссунаро.
ХIажизабазги кIвекIун зина гьабун гурони.