Рокьул байрахъа хъвазин чIахIахатI...

Махмуд Хъахабросолъа
Рокьул байрахъа хъвазин чIахIахатI...

 

Рокьул байрахъа хъвазин чIахIахатI,
ЧIегIер бан бугеб ракI бохуларищан.
Хиялазул гьорол гьалагаб чода,
Чангит бан рекIинин,кIовухъе аян.

ГIищкъуялъ босараб рисалаталде,
Росабалъе аян,айлама кьезин.
Угьулеб каранзул казияталъул,
Кинабго хIарп рикIкIун,хIуччил тIанкI лъезин.

Адам вахъун хадуб халкъул рахIманас,
ХIава йижун йиго рекIел гъеялъе.
ХIатта дирги дуда бугеб дагIбаго,
Дир зарра гьардонин гьаюрай мунан.

Гьиндун къо бащадай,Билкъис мукIурай,
Мун рукьбалъ щущазе щиб такъсир дида?
Щибниги гIаламат батун гьечIелъул,
ГIадан-инсанасде аб балагь ккелищ?

Тайпа къадруялъул къецен дир гьечIо,
Къадарасе буго битI дунялалъул!
БоцIи-рикъзияли къисматалъ инин,
Ахирги юссина местешлиялде!

Мисриязул тахда тарай Зулайха,
Тирун юссараб бакI рагIичIищ дуда?
ГIумру нахъги буссун,сверун дунялгун,
Долъул къиса цIале къойилго дуца.

Къвал бан ракI чучулев чи вугониги,
Чанай бижараб бер балагье дихъги.
Чанил тIинчI толареб лочнода хадуб,
Чаргъадиллъун ина дирги замана.
ДагIба-рагIиялда, диван-къецалда,
КъутI-къутI  камиларо дурги къавуда.

Мун киниялда лъун куцаралдаса,
Каранда буго цIа,цIилалъ буго кор.
Кверда ясандизе мун гIуралдаса,
Бессана тIулада тIаде лъалеб цIа.

Духъего кверщел кьун бокьанщиналъул,
Щибаб сан бессараб нусабго лага.
Расму рекъоларо дур къавуялда,
Къебедлъун мунго чIун,борце дуцаго.

Цо тIегь цIцIун,дуцаго тIала цIезаби,
ТIехьалда рекъараб къагIида гуро.

Росгун ургъел бикьун эбелгун чучун,
Чияде хIажатаб хIисаб дур гьечIо.
ХIалтIухъ гьава биччан,боцIухъ чан гьабун,
Чиго ватиладай мунгIан тегь битIун.

ТIулада кваналеб квешаб унтуе,
Кин дару гьабизе дур хиял бугеб?
Каранда рекIараб рокьул цIадуда,
ТIаде нартниги щвай,щиб лъугьунаян.

Дур рорхатал къоял къацанде бакъгун,
Къанщинаб хIалалъул хIисаб диргун кье.
ХIурулгIинзабиги ращалъун гьечIин,
Дун нухтIа тIовитIе,тIубан мурадгун.

Дур ракIалда гьечIел кIалул рагIабахъ,
КIикъого сонаца гIенеккана дун.
ЧIухIи, пахролъини халкъалъ лъун буго,
Гьедин биценги кьун,бергьун чIелги щун.

Берзуйищ гIоларел дуй гIадамалго?
ГIадлъундай рихьулел бихьиналщинал?
Мун гьаюрай эбел Аслиги гурин,
Сси духъе кин щвараб бокьанщиналъул?

Бащалъидал моцIрол дуде камиллъи,
Киса лъолеб хиял,бахинин абун.
Бакъул къимат хведал,къадру цIикIкIиндал,
Къойил казиятал тирулел руго.

Туркменазул жайран, жеги цIуяб жо,
ЦIваки-гвангъиялъулъ релълъинчIо дуда.
Дунни барахщула бер балагьизе,
Балаялъ бежулеб жан бугониги.

РакI буссинегIан дун вуссинчIо дуде,
Барссидал чакарлъун черх чапаниги.
Чорхол хIал бицине керен чучулев,
Чиго ватиладай талихI къаясул...

Дунни божуларо дур жисмуялда,
Ясалъул суратаб сирру бугилан.
Сси дургун бащадаб бугищ хIараян,
ХIурулгIинзабигун зобалазде а!

Бицине хIалкIолеб хIисаб дур гьечIо,
ХIутI-хъумур соролеб санагIат гуро.
ГIадангун рекъолеб къагIида гьечIо,
Бакъ-моцI тIад рештIарал гIамалал руго.

ГьитIинго духъ ккараб гьавадул гучалъ,
Гама-машиналъун гаргала лугби.
Гордаде шурулеб Шамалъул сагIат,
Ссун буго бакъул нур,бикъун ун дуца.

Остолгин зингъулеб <Зингер> машина,
МоцIрол цIар къотIана, къадру духъе ккун.
Гьеб дур цIаралъ цIцIун тIагIанилан,
ЦIер гIадин тIегь буго тIагIунеб бакъван.

ТIаде рамазаналъ лайлатул-къадри,
Дур къвалакь баккизе къачIан рагIула.
ЧIухIдае куцарал килисабазда,
Кинабниги буго дур исму басун.

Месед къотIаниги къиралзабаца,
КъватIиб босуларо дур изну гьечIеб.
Забру кьабичIого, ингилисаца,
Дур логол куц буго кепалъе бахъун.

КигIан чIаманиги,чIурканлъи гуреб,
ЧIалгIунаро хабар,мун гъорлъ рехсараб.
Ссудулеб тIуладе тIинкIизе дару,
ТIокIаб батуларо,мун рехсей гуреб.

Дур лугби куцараб коцоний чIварай,
Цо анцIго яс анищ росабалъ тезе.
Санал дур гьарурал халипабахъан,
Хвеларин цIар тарал цIуял жал анищ.

Биараб цIералъул цIар кIочон тараб,
ЦIарухъе чи холеб борхатаб нодо.
ЦIоралъул чиллайдул чапун гьарурал,
Чангияс бицунел берцинал гъалал.

Чундузул хисарал, лочнол росарал,
Ясбер варакъулал къиматал берал.
Къалмица расарал, месед бекьарал,
Рокьул мугьру чIварал багьаял къунщби.

Гьорол кар кIутIани, тIад кьер хвелилан,
ТIогьол лъим бахарал багIар гIанаби.
МугIрузул тIалил най, тIегь цIцIуларого,
Дур кIутIбузул цIаралъ цIорон рагIула.

ЦIорол фабрикахъе пирказчикаца,
Дур цIар абичIого цIер биунаро.
Алжаналдал жаниб, ЖайхIуналъ чурун,
Чини биччан буго дур щекъералда.

 Къадру борхатазе халип къотIизе,
КъваригIани хIара хIадурго буго.

ХIайван инагьдулеб, инсан гьаглъулеб,
Нил гIурул къункърагин къец ккараб габур.
Къирал-пачазаби чанги гIодарал,
ГIарцул курхьабаца рацарал гъуждул.

ГъалбацIил черх гурев, чармил ракI гурев,
Чи кин балагьилев дур гьумералде?...
Гьаваялъ тIулада тIад цIаги бакун,
Кин дун вахъун чIелев дуниялалда?

Халкъул гIаламалъе рахIат бикьидал,
Дие бутIаялъе мун йокьи кьуна.
Кьерилазе нигIмат гIорлъун чвахидал,
Дие гIазабалъе гIищкъу кьун буго.