Рокьул гIазаб цIикIкIун цIадулъе ккарас...

Махмуд Хъахабросолъа
Рокьул гIазаб цIикIкIун цIадулъе ккарас...

 

Рокьул гIазаб цIикIкIун цIадулъе ккарас
ЦIорол жайраналде жаваб гьабизин.
Жаниб варакъ босун сверун месед хъван,
ХъахIаб тIайруялде битIизин салам.

Cахратулагьалде хIанчIи хIайранаб
ХIеренаб мацI буго дуе цIализе,
ЦIерлъун лугбал чапун чорхол гьан биун
Ургьиб кутак буго камилаб рокьул.

Кванилгун кьал ахIун, макьилгун рагъ бан,
КьечIеб дуниялгун дагIба буго дир.
Дандиязе кколеб рокьул бутIаги
Бикьун дие щвана, рукьбал щущазе.

Кьерилаз босулеб рахIат-кеп хисун,
Кинниги дир чорхой чан гьаби ккана.
Чараб пинтаялъухъ турун лугбалгун
Тана хиялаца, хурзал чIунтизе.

Зодихъа бахъун нур бахчараб гьурмахъ,
Гьаглъун хутIулев щив, щущан инчIого.
Щобде моцIродаса цIвакараб надихъ,
Дирни гIакълу ана мугIрузде тIурун.

ТIад ххатI гIанбарулаб гIибрани тастар
Тела Аваристан, мун ячарав чIван.
Терет меседилаб симсазул хара,
Хвалил къоно чIвала, къвалакь ккурасда.

Къайсарил ахикье ахIдолеб гьуд-гьуд,
Духъ керен ссудичIев сунца херлъулев.
Сибир хIехьелилан хIукму буго дир,
Дуда къвал балесул къотIун бетIергун.

Берзул канлъи араб иллагьиялъул,
Унтул къвачIа буго хIехьезе дица,
ЧIухIаралщиназда кIалалги гьикъун,
Къадар дур хъвачIони, щай дие гIумру.

Бакъ тIерхьун ун хадуб, халкъалъе канлъи,
Камилаб дур гьурмал гьанал букIуна.
Гьагаб дирги гIищкъу къалъул гIужалда,
Бакъгин къанцандула дур гьумерилан.

-Дирги гIумру буго, гIазизав гьудул,
ГIарза дуде хъвазе хъурщун хьвадилей.
Яхъун свердизеги, ссун ракI бахъидал,
Нахъа ургъел батун бахчун гьабизе.
Гьанже дихъ гIинтIаме, гIодойги къулун,