Все забыто

Аминат Максудова
Ханго ханин абун дидаги абун,
 Ханасул вуссараб руссен бихьанищ.?
Берал берцинилан чанайги вахъун,
Чилъиго батичIо рукъ бухIаясухъ.
 
Гъурараб чIандиро кIичIараб мегIер,
Доб мехалда дида бихьун букIинчIо.
ГIакдал гIадинаб чехь бихъараб чванта,
 Гьанже гуронани санго гьабичIо.
 
 Дол арал сонаца рокьи букIана,
 Гъоркь араб риидал мун дир вукIана.
 ЦIилъана хиялал хвана пикраби,
Цо херайгун нухда мун ватаравго.

 Тирана сверана рекIел анищал,
КIар-кIарун елъана жакъа дидаго.
 Дир гIадаллъиялда доб рокьиялда,
 Мунилан угьдарал дир гьал лугбазда.