Посвященно Мураду на свадьбу

Аминат Максудова
Мурад мун хIалтIуде вачIинчIо жакъа,
Дуй бертин гьабулеб къо бугин абун.
 Приставалъул васал къачIан ругоан,
Бертаде хIадурун ругин жалилан.

 БахIарай ячине ине кколилан,
Иразиханилги рагIана калам.
Жиндихъ мерсик бугин ,
Артур вач1ана.

 Зубаирицаги борхун тана квер,
 Левашихун щвезе гъира бугилан.
Шангереевасги галстук горбода,
 МатIуялъе ваккун рекъезабуна.

 Согъратги вачIана жив гъоркь тогеян,
 Улубий бугеб бакI къосунеб бугин.
Сайгъаталъе гIарац жиндихъе кьолин
Г!абасги к!алъана аздагьо г!адин.

 Ккараб къо борхеян хIалтIухъабазда
Г!исаевичасги лъазе гьабуна.
Макъсудовалъ къалам къват!иб бахъана
Кагътиде босана гьайбатаб гьаб къо.