Больше не прошу

Аминат Максудова
Бух!араб риидал г!урччин хералде,
Аллагь дуй бокьани г!азу бала.
Ц!орораб хасало х!икмат ц!ик!к!ани,
Гьал киналго гъут!би т!егьазарула.

Гьариларо дица вокьулев нахъе вуссаян,
Кьеч!они к!варич!о цойгидалъе тела дица.
Дунял щущаниги даим щукру гьабила,
Гьариларо дица т!ок!алъ гьудул нахъ вуссаян.

Анц!азарго гьудул цеве ч!ч!аниги,
Цо духъ гурони бит!иларо квер.
Мун къаси сардида канлъи кьолеб моц!,
Цох!о дур гурони ах!иларо ц!ар.

Припев....

Хъах!илал зобазде йоржун инаан,
Азалияб къалам кьолеб лъанани,
Г!умро к!варич!оан гьебги кьеларо,
Къадар хъвалей парчах! дун толей ани.

Припев.....


                Поет: ( Динара Залумханова)