Маг1арухлъи

Халимат Ахмедовна
Кьурул рачел къараб борхатаб мег1ер
Г1адатав маг1арул чийилан ккола
Г1азуца рахчарал муг1рузул т1огьал
Т1ок1к1аб г1акълуялъул хъах1лъарал бут1рул.

Свери бахун парсах рещт1арал ц1ц1умал
Ургъелаз херлъарал улбулин ккола
К1к1уй-лъун роржун унел ч1ег1ерал нак1к1ал
Каранзул зигари угьулеб х1охьел.

Маг1арда рохьазух рорхатал гъут1би
Балугълъарал г1олил васалин ккола
Гъут1бузда рещт1арал х1анч1ч1азул ч1ич1и
Ч1урканаб гьаракьалъ ах1улел бакънал

Рохьил бац1ц1алъуда берцинал т1угьдул
Анц1ила микьилъе ясалин ккола
Т1огьоде буссараб найил зун-зуни
Беразул балагьи, недегьаб йилъин.

Муг1рул аххалъуда бабадулеб г1ор
Г1анч1го рекерулел лъималин ккола
Ганч1азда реч1ч1улеб лъарал чвал-чвали
Анкьгамач1, дигало, бук1дул, дег1ен-ч1ч1ей.

Муг1рул, г1орал, ахал, хурзал, сагаби
Г1олил васал, ясал, берцинал лъимал
Рохел, аваданлъи, ах1улел куч1дул
Кидаго разиял улбул, умумул.