Вокьулесул сипат

Халимат Ахмедовна
Муг1рузул каранлъ ссанал  свери берцинал кьунсрул
Кьер берцинаб надалде гагуял г1адин руго
Г1урухъ гьекъолел чундул чалухъаб дур к1иго бер
Бахьинаб гьумералда мат1уялилан ккола.

Марк1ач1уда рогьалилъ зодиб рещт1унеб баг1ра
Баулаго гьимулел гьоц1ц1о г1адинал к1ут1би.
Годек1анир к1усарал к1ачал ч1варал хъараби
К1алъалаго толаго рахчи рукъ х1алел цаби.

Рукъ балаго къач1алел къадалилан ккеларищ
Сипат берцин гьабулел баг1арлъарал г1анаби.
Г1азо  балаго  пулеб гьуриялда релъуна
Рагьун къан кепги босун расандулел дур т1елхал.

Т1охда бараб махх г1адин г1азу ц1адалъ ц1алтараб
Ц1ц1ва г1адаб гьумералда мег1ералъул берцинлъи.
Т1алаялъуса къват1иб боржун унеб ккуйдул гуч
Гургинаб бет1ералда т1упун лъураб кочори.

Триколоралъул къуват камиллъулеб антенна
Дорехун гьанирехун г1енеккулел гьел г1ундул.
Компютерал х1алт1изе х1ал к1олел процессорал
Г1адайнубе бахчараб дур ц1одораб г1адал нах

Г1арац, месед, бриллиант, алмаз якъутин ккола
Кибалигоги каранда х1еренго к1ет1олеб рак1.
Ракьалда г1адамасе г1умру гьабизе ккани
Къвариг1уна  бет1ерги бац1ц1адаб, хъах1аб рак1ги.