Гъалбаг1ар в переводе - секретарша 2014 г

Халимат Ахмедовна
Чияр бихьиназе рокьи кьолей мун
Ракьалъ кин х1ехьолей х1икмат, г1аламат.
Рос, рукъ,  лъимал, хъизан кинабго хадуб
Т1оцебе дур х1алт1и ва рек1елгъеял.

Чияр россабзулгун гьудуллъи кквезе
Мун лъугьун ятани ургъун йихье цо
Дур россасул къимат, къадру к1одолъи
Лъималазе мисал, нечоларищ мун?

Эмен бецавилан, вац г1инкъавилан
Г1адамаз абулеб раг1ун бук1ана
Россасул г1адаллъи бихьун гурони
Г1адамаз бицани божилароан.

Россас ч1ужуялъе нухал рит1ула
Начальникгун цадахъ рохьое а-ян
Жегиги кьварараб амру гьабула
Гьесда цадахъ сордо маг1арда бай-ян.

- Дир  къач1араб гьумер, гьимулел берал
Гьуинаб чай, конфет, чергесаб лага
Гьесие бокьулеб бицунеб хабар
Россасе камизе гьабизе гьеч1о.

Кабинет цолъула – х1алт1и г1емераб
Х1алт1ул къо лъуг1идал – жегиги х1алт1и
Щибха гьабилеб Росс гьаб х1алт1тиялда
Гьелъ гурищ маг1ишат нилъей бит1араб.

Эхере, эхеде цо машиналда
Цадахъ х1алт1улезул  сапар г1емераб
Сипат куц къач1азе салоназде гьай
Начальникас ячун щвезе гьаюла.

- Начальникасда дун берцин йихьани
Нилъер хъизаналъе хайир бук1ина
Цо-цо рокъов ах1ун гьуин гьавуни
Гьудул гьалмагъилан х1алт1изавила.

Х1алт1и лъуг1арабго шуба рет1изе
Комек гьабилилан гьеб дихъе кьола
Нагагь унтун йигин дица абуни
Дир х1ет1е квералъул хал-шал гьабула.

Рокъой ине ккани щвезайилилан
Машиналъул нуца дие рагьула
Нагагь къвариг1ани изну босизе
Бокьараб къоялда разилъи кьола.

Дир къвариг1ел ккани больницаялде,
Почалде, школалде, яцалъул добе
Дуе рах1атги тун дун яччаралъухъ
Къаси гьев рокъове ах1е хирияв.

Росс разияв вуго гьав гьудуласе
Жинда бажарараб х1урмат гьабизе
Х1алихьатал чаг1аз бугьтан лъунани
Лъади ц1унун гьезул гьумер бухизе.

Маг1арул руччаби г1одоре русса
Росс г1одов гьавизе г1едег1уге нуж
К1очонге хириял нужерго васал
Метер нусалъ г1одор гьаризе гурин.

Гъалбаг1ар мун йик1ин гьеб г1айиб гуро
Г1адамазул россал русинаруге
Х1алт1и гьабулаго дурго рамка лъай
Россасда г1адамал релъизаруге.