Дир гьудуласул анищ

Халимат Ахмедовна
Дир гьудуласул анищ  жакъа вугеб бак1алда
Бокьулеб г1амалалъги, гвангъараб гьумералъги
Гвайида гъорлъе   лъугьун  рак1ари бугелъуса
Лъугьинч1ей яс ялагьун   жинда божизайизе.

Гьоц1ц1о, чай, конфетал кьун, чахъиргун шампанский т1ун
Чалухъал берал гьимун,  гьуинаб хабар бицун
Халкъалъе к1одо гьаюн, машиналда щвезаюн
Шамилий Шуг1айнатг1ан йокьулилан абизе.

Щибаб къоялъ йихьизе кабинеталде хьвадун
Хьаг-чайник гьализег1ан махсарабиги гьарун.
Цо-цо багьана батун алло-йилан гаргадун
Вацап, интернеталда   рокьул накъитал хъвазе.

Хирияй дур  куцалъул хасаб берцинлъи бугин
Бурут1 - хухалъ кваналеб т1егь – хералда  релъунин
Г1амал лъик1ай йигилан, рецц-бакъалъ йохизаюн
Г1онк1к1одаса варани  хабаралъ г1езабизе

Гьанжелъаг1ан дир г1умру г1адада ун бугилан
Бихьуларищ вокьулев дур х1еренлъи ва лъик1лъи
Гьадинаб талих1 дие киса щолеб жойилан
Кверал чурун, черх баццун ц1аюц1ула г1оркьилай.

Г1адан божизе хабар бицине махщел буго
Бицаралда божулел  мусудул  камуларо
Жакъа гьаний цо гьудул, метер доя цойгиги
Сон - ц1ерекъад йик1арай  кидаго  к1оченаро.