Я смотрю в твое окно

Аминат Максудова
Роц1ц1араб зодихъе,
Ц1ц1вабиги рик1к1ун,
Къасиги дур гордухъ
Балагьун йиго.

 Квералъ маг1о бац1ц1ун,
Беразда ц1ц1ер ч1ван.
Дун дур азбаралда,
Г1одой ккун йиго.


Мун инагьдулеб щай
Ургьиб гьинал рак1,
Вокьулев васасе
Лъади
Г1аданир бераз щай,
Маг1о кколареб.
Ц1адае хьвадулел
Хьухьаз кинигин

Гьал кинал г1адамал,
Гьаз бицунеб щиб.
Дун гурого чанай,
Чиго вахъинч1ищ.;