Г1умарги Г1айишатги

Халимат Ахмедовна
Бахараб хвалчен г1адав Г1исаласул Г1умарий
Гьудуллъи бак1аризе багьана къвариг1инч1о
Ч1арада районалде "Нива"- машин кьунилан
Машинаялъул багьа Баг1арихго рехана
Хвалчадул лъел г1адинай Г1умарил Г1айшатица
Машааллагь, ниг1матал рекъезарун ругеб куц.
Киве аниги Г1умар  нух бит1ун т1ад вусаги,
Т1огьол квац1и камизе Г1айшатие тогеги.
Талих1алъул рукъ ц1ейги, цоцае хиралъаги
Халатаб г1умруялда г1ашикъаб рокьулъ тайги.