с днем рождения Эльдар

Аминат Максудова
Муг1рузда гъанситохъ ц1а лъолеб лачен,
Т1егьаги дур г1умро г1урда т1егь г1адин!
Т1армил къали ц1урав Гьоорсезул вас,
Цох1ойищ ч1ва бугеб муг1рул г1ищкъодул?

Рак1 г1ащикълъиледухъ бакънал рачарал,
Г1олил ясаз салам бит1улареб щай?
Данд ч1варал щиназе данде гьимулев,
Кьеги дуе талих1 халатаб г1умро.

Рокьул куч1дуз рак1ал ц1езе гьарурал,
Г1олохъаби жакъа сасун ругел щай?
Дунял жинца ккун гъуждузда барав,
Эльдарие сахлъи гьарулареб щай?