кьеги бабал дуе жеги нусго сон

Аминат Максудова
Т1угьдузулъ квац1аби,
Рищулеб къоялъ.
Ц1умадисезул цо  т1егь,
Т1егьан батана!

Т1аде х1ур ккаразда,
Гъорлъанги бахъун.
Сарин хъвазейилан,
Нахъе босана.

Дур сонал дур муг1рул,
Дур Шамиль район.
Ц1еги ле Измудин,
Мун г1адал васаз.

Махмаралъул хамица,
Къалъаги  г1умро.
Зурмил гьаракь къавулъ,
Къун хут1угеги.

Г1урчинхарил муг1рузда,
Т1инк1ун аги хъах1ил зоб.
Зоб бакьулъан баг1ар-бакъ,
Баркаталъе гьимаги