***

Аминат Максудова
Гьаб жакъа г1адинан,
Роххарал къоял.
Нужер кьибилалда,
Г1емер рук1аги.

Кьолбода нур барал,
Ибрагьим г1адал.
Г1емерлъаги васал,
Г1урада росулъ.

Ах1мадгун Рамазан,
Мух1амадица
Г1емераб раг1ула,
Дида бицуне.

Дур гьеб свериялде,
Свер сведулезда.
Мун шив кколевали,
Лъалеб батула.

Маратгун Сайпула,
Мурадгун Амир.
Рач1а г1олохъаби,
Свери бахъизе.
 
Шамилгиму Эльдар,
Мун Г1алиасх1аб.
Ккараб цо къо бугин,
Рахъа борхизе