предатель

Аминат Максудова
Дида йокьулилан
Г1индеги щурун,
Х1алуцун каранда,
Рак1ищ бук1араб?

Дида доб къоялъго,
Бич1ч1ун бук1инч1о.
Дур вуц1ц1ун ч1ч1еялъул,
К1удияб маг1на.

Дида г1айиб ч1вазе,
Бак1ищ батич1еб?
Мунагьлъун гьаюнин,
Дур балагьазулъ!

Дида рокьиялъул,
Т1аг1амищ лъач1еб.
Щулиял рахсаца,
Мунищ вухьарав?