Ункъжугьаби

Радж Билалов
Х1асраталъ гъанкъунев диде къвал бани,
Мукъсанлъулеб  щиб дур,  щварал лугбазул?
Щавкъалъ вух1унев, дун каранде къани,
Къант1унищ инеб дур, анфас, каранзул?