Ункъжугьаби

Радж Билалов
Ана г1умру г1ишкъул цо лах1зат г1адин,
Анищазги хьихьун, хьулазги гуккун.
Ккуна ургъелалъ дир рак1ги ц1ерг1адин,
Ц1и-ц1иял г1узраби чорхолъги раккун.