г1одорги реч1ч1ун хва

Аминат Максудова
Я птица высокого полёта ; оказывается ;;;;г1одорги реч1ч1ун хва;;;;;;Рагьараб кагътие жаваб;;;; гьале нужее ... Я то за свои грехи отвечу ... Вы берёте на душу мои ;сплетники точно не зайдут в рай ;;;это однозначно мы  же знаем ;; Автор :Аминат Максудова
Куч1дул хъван гьарурал,
Гьал дир мунагьал,
Нужеца бициндал ,
Чурун ратила !
Дир гьел раг1абазул.
Гъваридаб маг1на
Цоцахъе рехидал.
Бич1ч1ун батила!
Росдай бокьи кьеч1еб,
Кьварараб гъалбац1.
Духъ рокьи ккунилан,
Азие щайзе..;;?.
Лъиего чучич1еб ,
Чарамаб дур рак1.
Дица бахъун бук1ин,
Зах1мат батила ...
Г1адамал гаргала,
Дица къвал бала.
Къват1ул хабараца ,
Дир сси холаро !
Интернетал ц1ела ,
Сайтал кьвагьила,
Нилъеца рокьуца,
Дунял бахъила!
Зазилъ дун т1егь йик1ин,
Зах1малъидал мун.
Къват1ий яхъунилан,
Къадру хвеларо!
Х1орил ордекаца,
К1ал гьак1к1анилан.
Алжанул х1инч1алда,
Х1ур бахунаро.
Вечерги бачана ,
Дие бокьухъе.
Вокьулев хьолбохъ ч1ч1ун,
Рокьул кеч1 ц1ц1алун.
Дунялги бачуна ,
Балайги гьабун.
Балагь бач1ун ругел,
Нужги цере ч1ч1ун! 
Дун рокьи сабаблъун
Хвезе егула
Нужеца рух1 кьолищ 
Рокьуе г1оло?
Дун г1ищкъу сабаблъун
  Г1умру тун уна,
Нуж г1умро хириял
Руц1ц1ун ч1ч1ани щиб?
Росу ракь рихарай ясги дун гуро.
Нуж гьаби рук1иналъ
къват1ий ч1ч1ун йиго.
Нужер рак1 гурх1улеб
 х1ал дида гьеч1о.
Х1алихьалъиялъул раг1а- ракьанлъи.
Лъийго бокьи кьеч1еб
ч1ух1араб дир рак1
Чан ч1ор реч1ч1аниги
г1ужда щвеч1ел нуж.
Берцинлъи къосунеб къо бач1ун буго,
Къват1ир раке гъудул
мокъокъ бихьизе