мое солнце

Аминат Максудова
Борхатаб зобалазда бакъ дир,
Зоб ц1урал духъ г1ащикъал лъол ц1абиги дир.
Меседил къиматалъул дур сси,
Зоб къалъун духъ урхъарал лъол ц1вабиги

 Припев

Дир рак!алъ мун йосула дир хирияй.
Хазиналъун ц!унила дир г!азизай х!алимай.
Дир рак!алъ мун йосула дир хирияй .
Хазиналъун ц!унила дир х!алимай г!азизай .

Пашманал хивалазда щай рак1,
Щай гьадин толев дур пикрабалъ хирияй.
Х1асратаб рокьиялъул кьал ккун,
Щай гьадин тарав дун х1алимай х1еренай.

Ракьалда ч1агог1анги мун дир,
Дур рокьи дур г1ищкъу дун гуросе кьолареб.
Х1асратаб балаялъул бакъ мун,
Гьаб рокьи гьаб балай к1иязго ц1унараб.