хирияв гьудул

Аминат Максудова
Щай хирияв  гьудул мун пашман вугев?
Кибе араб берзул ч1ух1араб балай.
Кинаб к1к1алахъг1аги гьедиг1ан хехго,
Г1олохъанлъиялъул роххел букъараб?

Унтараб кьер ч1вараб гьеб дур балагьи,
Г1аданир бераца кколареб маг1о.
Г1адан гьеч1ев щинаб бак1алда вахчун?
Щай хирияв гьудул мун пашман вугев?

Гьа вахъая  гьанже борхея гьаракь
Рокьул гуч гъорлъ бугеб ах1ея цо кеч1.
Дие бокьун буго дур берзул кунч1и,
Кидаго свинч1ого гвангъун хут1изе!