Пашманлъи...

Сафи Сулим
Къадар дидаги щвела, къоял дирги лъуг1ила,
Логода борцун партал,
дидаги т1ад жемила.
Рич1изе нуц1а гуреб,
Рагьизе  гордо гьеч1еб.
Ч1ег1ераб лах1дуялъуб,
Х1алхьи  диеги щвела....

Черхалда  сси рекъараб т1аса бищараб рет1ел,
Ч1арбида  т1ибит1араб чилайдул т1анса- салмаг.
Берцинал кьерал т1угьдул, т1аг1ам гьуинал пихъал,
Хъулухъазул ургъелаз г1адада араб заман.

Пачалихъалги регун, дармилъ бергьенлъи босун,
Сапаразда реххарал ч1орого сардал къоял.
Ахал, хурзал, сверухълъи,
Рорхатал мина, гьундул,
Гьезда бухьараб пикру, рек1елъ  заг1ипаб иман...

Лага черх басралъидал  киналъулго нур  свана,
Нуранияб дин ислам нахъег1ан тун батана.
Сурав босулел къоял цере рук1ин к1очана,
К1арчанго арал къоял
Рек1елъго къан хут1ана...

Огьо- гьой мун бух1аяб х1алихьатаб дирго нафс, Дунялги тун унеблъи  каранлъе кин биччач1еб?
Аллагь гурх1ун бохаяб
Ч1обогояб дирго рак1,
Х1АЛИМАСДЕ  паналъун т1ухьилъун кин биинч1еб?...