Ункъжугьаби

Радж Билалов
Гьудул  дуде бугин, рек1ел  къвариг1ел,
Къварилъи чучизе гьабе г1едег1ел!
Г1едег1ун  къвал базе, щвезабе  рег1ел,
Раг1алда щун бугин, ях1алъул  лъуг1ел!

Мунгун дандч1вач1ого,  борч1араб лъаг1ел -
Г1ищкъул дардалъ рек1елъ  бик1к1араб рог1ел!
Дир щавкъалъул нухлул, эхедерег1ел,
Эхебе  рег1улеб, анищан  т1аг1ел!

Дир рак1алъ ах1улеб, х1асраталъул г1ел -
Балай  ккараб каранлъ  кор лъолеб  ц1аг1ел.
Рокьул ц1а хурхич1еб, г1ун бач1унеб г1ел,
Ц1а ккедал къварг1улин, г1ищкъул ц1адаг1ел!