Ункъжугьаби

Радж Билалов
Рокьул загь борцунеб роценги гьеч1ин,
Бицун кин бич1ч1инеб дир х1ал нужеда!?
Х1алкъай т1ад лъун  ц1алеб ц1адиро щвеч1ин,
Щущ тун божун  ч1а халкъ, дир хабаралда!