Бице маг1арулал

Махмуд Давудгаджиев
Бице маг1арулал, кире нуж арал?
Кибе рехун тараб ях1алъул рачел,
Бице маг1арулал, щай нахъе тараб
Тогеян гьарараб умумузул ирс.

Огь, чода рек1арав, муг1рул г1олилав
Рачалда ханжар бан щай вач1унарев?
Кьуч1аб тарбиялда гормендо барал
Бице, кир нуж руге маг1арул ясал ?

Доб цебего г1адин гьанже умумуз
Тарбия т1анч1азе кьолеб раг1анищ?
Гьаниб ях1 бугилан - доб намус бугин
К1алъалел бихьинал жеги хут1анищ?

Заманищ хисараб, халкъищ нахълъараб?
Лъарг1адин чвахулеб гьаб г1умруялда,
Умумул къосунищ? Нилъ мекъи ккунищ
Капкил багьа гьеч1еб дуниялалда.

Дун дирго пикраби к1одо гьаризе
К1алалда полоп бан к1алъалев гуро,
Дирго анищазул хурзал рекьизе
Кьерилазде гъорлъе лъугьунев гуро.

Ва амма г1умрудул гьит1инаб мурад,
Маг1арул халкъалъул кьуч1аб эркенлъи,
Умумузул г1адат к1очон толарел
Наслаби нилъеда хадурги хут1и.