Ункъжугьаби

Радж Билалов
Чияс х1ехьолареб рух1елго бугищ,
Рух1 бугебг1ан мехалъ, каранда хурхун?
Хурхен махлукъатгун, хварав чи вугищ,
Хвезе къо щвелелде, къот1иги биххун?