Ункъжугьаби

Радж Билалов
Дир лъимерлъиялъул, рогьалил гьогьмил,
Гьохь т1елелде т1уна, талих1алъул  х1ухь.
Х1ухь-мах1 къот1ун рикъзи, кьолев Къайимил,
Къадаралъ рек1елъе лъуна дардил хьухь!

Ихго лъуг1инелде, хаселги рещт1ун,
Т1угьдулъ бук1араб  ах, бух1ана г1аздакь.
Г1ищкъудул сивурукъ, кьуч1илъанги т1ун,
Дун думалъ хут1ана,  ч1вадазул къадакь.

Лавх1улмах1фузалда, Бичас  хъварабги,
Хъваг1азе х1ал к1олеб, х1ажаго щвеч1о.
Х1ажил къисматалъул, упукъалдеги,
Икъбалалъул кунч1и, бихьунеб гьеч1о.

   1. Гьохь - дуновение
   2. Сивурукъ - башня, приспособленная под жилой дом
   3. Лавх1улмах1фуз - къадар хъвараб хъарщи
   4. Х1ажа -инструмент
   5. Упукъ - горизонт